ГлавнаяИсполнителиЗайнаб МахаеваПтица души
название:

Птица души


автор:

Зайнаб Махаева


рейтинг: ★★★★★ / 5.2 / 1194 просмотра
Гьаб щиб г1аламат дир дунялалъул
Рокъоб г1озо балеб къват1иб бакъ щолеб
Г1ищкъул маг1ица рак1 лъалъанаг1ан
Мац1алда т1егьала ц1ияб рокьул кеч1

Ургъелаз самулел сардаз савуялъ 
рух1улел т1угьдул т1олабго бахчун рек1елъ

Ургъелаз самулел сардаз савуялъ 
рух1улел т1угьдул т1олабго бахчун рек1елъ
Кьурулъ нух щвеч1еб чанлъун йигелъул
Чалухал бакъназде чучула керен
Кодоб х1ули тун араб х1анч1ида
Ах1и бала хадуб холей йигилан
Холей йигилан

Мун вук1инч1ев ани лъач1ев ани
Лъаларо лъил бицун дун к1алъалейан
К1оларо к1очене мун к1оларо
К1ала гъоркье дунял бусун аниги

Ургъелаз самулел сардаз савуялъ 
рух1улел т1угьдул т1олабго бахчун рек1елъ

Ургъелаз самулел сардаз савуялъ 
рух1улел т1угьдул т1олабго бахчун рек1елъ
Кьурулъ нух щвеч1еб чанлъун йигелъул
Чалухал бакъназде чучула керен
Кодоб х1ули тун араб х1анч1ида
Ах1и бала хадуб холей йигилан
Холей йигилан

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Птица души" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен