ГлавнаяИсполнителиНеизвестенМун йихьараб къо дида
название:

Мун йихьараб къо дида


автор:

Неизвестен


рейтинг: ★★★★★ / 4.8 / 755 просмотров
Мун йихьараб къо дида
Кидаго к1оченаро
Бакъул ч1ор г1адал берал
Дир рек1елъан унаро

Маг1арул росулъа яс
Екьула мун екьула
Сипат берцинай гьудул
Ячина мун ячина

Вокьуларин абуге
Екьулей дуца дида
Дур гьеб цо раг1иялъ
Хвезабуна дир г1умро

Маг1арул росулъа яс
Екьула мун екьула
Сипат берцинай гьудул
Ячина мун ячина

Кьеларин эбел ч1ани
Хъамунги мун теларо
Т1ок1аб жо г1умроялда
Диеги бокьун гьеч1о

Маг1арул росулъа яс
Екьула мун екьула
Сипат берцинай гьудул
Ячина мун ячина

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Мун йихьараб къо дида" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен