ГлавнаяИсполнителиДАЛГАТ КАНТУЛОВДрузьям инст emilio_garra
название:

Друзьям инст emilio_garra


автор:

ДАЛГАТ КАНТУЛОВ


рейтинг: ★★★★★ / 5.5 / 1536 просмотров
Далгат Кантулов - Мои близкие друзья

хириял гьудулзаби рак1ал цоял кьерилал
жакъа руго ниж дандч1ван гьаб берцинаб сверуда

хириял гьудулзаби рак1ал цоял кьерилал
жакъа руго ниж дандч1ван гьаб берцинаб сверуда

нилъ руго г1олохъанго бут1рул хъах1лъананиги
нилъ руго аваданго заман къог1лъананиги

ралагье нуж квег1иса ралагье квараниса
киназго пикру гьабе бит1араб бугищали
нилъ руго г1олохъанго бут1рул хъах1лъананиги
нилъ руго аваданго заман къог1лъананиги

аби буго маг1арухъ бищунго дур рак1 бараб
аск1о ругел божараз гьабулеб батулилан

аби буго маг1арухъ бищунго дур рак1 бараб
аск1о ругел божараз гьабулеб батулилан

гьеб бит1араб батила г1умро гьеб г1умро буго
амма жакъа гьединал нилъеда аскор гьеч1о

ралагье нуж квег1иса ралагье квараниса
киназго пикру гьабе бит1араб бугищали

нилъ руго г1олохъанго бут1рул хъах1лъананиги
нилъ руго аваданго заман къог1лъананиги

аааай далалалай аааай далалалай аааай далалалай
далалалайлалалай
аааай далалалай аааай далалалай аааай далалалай
далалалайлалалай :::

гьудуллъи бук1унаро к1удияб хъулухъ бугеб,
гьудуллъи бук1унаро г1емераб г1арац бугеб.

гьудуллъи бук1унаро к1удияб хъулухъ бугеб,
гьудуллъи бук1унаро г1емераб г1арац бугеб.

т1адег1анас борцараб берцинаб г1умро гьабе
г1адан виччан хвел ц1уне, хириял гьудулзаби.

ралагье нуж квег1иса ралагье квараниса
киназго пикру гьабе бит1араб бугищали
нилъ руго г1олохъанго бут1рул хъах1лъананиги
нилъ руго аваданго заман къог1лъананиги

киналго сверухъ ругел ралагье нуж цоцазухъ
бади цоцазухъ кунч1и кереналда х1асралъи

киналго сверухъ ругел ралагье нуж цоцазухъ
бади цоцазухъ кунч1и кереналда х1асралъи

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Друзьям инст emilio_garra" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен