ГлавнаяИсполнителиНеизвестенДун кидаго ургъула
название:

Дун кидаго ургъула


автор:

Неизвестен


рейтинг: ★★★★★ / 5.4 / 1365 просмотров
Дун кидаго ургъула 
Кисандай бакъ баккула
Бакъанида къо индал
Гьеб кибедай тlерхьула

Гьаб ракьалда гlемерал
Ясал руго берцинал
Цохlо мун щай йокьарай
Мун ракlалъ щай йищарай

Кий йигей магlарулай
Кин йигей магlарулай
Дуда рокьул бицине 
Духъ валагьун чlун вуго

Гьанже дун толев гьечlо
Таманал пикрабаца
Мун аскlое ахlеян
Ахlдола каранда ракl

Эбел ялагьун йигин
Эмен вагъизе вугин
Багьанаби цlалкlуге 
Ккараб бакlалде ячlа

Кий йигей магlарулай 
Кин йигей магlарулай
Дуда рокьул бицине 
Духъ валагьун чlун вуго

Магlарул аби буго
Абичlого рехсечlеб
Чан бихьарасул гуро
Чанахъанасул буго

Яс йигилан абуге 
Рос вугилан абуге
Гьел кигlан ругониги
Кватlичlого мун ячlа

Кий йигей магlарулай
Кин йигей магlарулай
Дуда рокьул бицине
Духъ валагьун чlун вуго

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Дун кидаго ургъула" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен