ГлавнаяИсполнителиГаджилав Гаджилаев, Ахмед Шахназаров и ХанчикГимн Аварцев - МагIарулал ругел лъикIал гIадамал
название:

Гимн Аварцев - МагIарулал ругел лъикIал гIадамал


автор:

Гаджилав Гаджилаев, Ахмед Шахназаров и Ханчик


рейтинг: ★★★★★ / 5.1 / 1074 просмотра
Релъи-хъуй гьечlого рохизе лъалел 
Магlу чвахичlого гlодизе лъалел 
Гlишкъул рекlараб цlа цlунизе лъалел 

Магlарулал ругел лъикlал гlадамал 
Гlишкъул рекlараб цlа цlунизе лъалел 
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал 
Бакlал къваридалъул ракlал гlатlидал 

Рукъ мискинлъаниги намус бечедал 
Тlаде бачlараб къо лъимлъун къулчlулел 
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал 
Тlаде бачlараб къо лъимлъун къулчlулел 

Магlарулал ругел лъикlал гlадамал 
Рикlкlен дагьлъаниги гьунар гlемерал 
Гlурда тlегь бижизе чорхол би тlолел 
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда 

Магlарулал ругел лъикlал гlадамал 
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда 
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Гимн Аварцев - МагIарулал ругел лъикIал гIадамал" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен