ГлавнаяИсполнителиГаджилав ГаджилаевЖелаю Тебе (Аварская)
название:

Желаю Тебе (Аварская)


автор:

Гаджилав Гаджилаев


рейтинг: ★★★★★ / 4.6 / 593 просмотра
Росасе кьезе г1урай

Г1анч1ай дир маг1арулай

Г1енекке хабаралде

Дица дуе бицунеб

Инсул рукъ тезе ккарай

Талих1 кьеяй бах1арай

Бугин цодагьаб гьари

Дуе гьабизе рекъараб

Бугин цодагьаб гьари

Дуе гьабизе рекъараб

Дуе вокьулев вас щвайги

Дуе хирияв рос щвайги

Хварал къоялъ гурони

Рат1алъизе ккогеги

Вокьулеста къвалги бай

Къабуласта кверги ч1вай

Ч1ух1дае гьаб ракьалда

Вокьулев росгун хьваде

Ч1ух1дае гьаб ракьалда

Вокьулев росгун хьваде

2.

Адаб гуреб бицунге

Бокьулареб гьабуге

Инсул рокъое г1адинан

Г1одой йиччан йик1унге

Рек1ее вокьарасда

Кьили ч1вазе лъугьунге

Ч1олохъ жоги кодоб ккун

Киниги гьев вачунге

Ч1олохъ жоги кодоб ккун

Киниги гьев вачунге

Цо г1аиб батанани

Г1емерлъизе гьабуге

Гьесул хасият какун

Киниги гаргадуге

Горбода къвал балаго

Ц1унц1удизе лъугьунге

Ч1ух1араб г1амал гьабун

Гьесда суризе гьаюге

Ч1ух1араб г1амал гьабун

Гьесда суризе гьаюге

3.

Росас малъараб гьабе

Гьесие бокьахъе хьваде

Якьад-вакьадалъулги

Даимго х1урмат гьабе

Х1алихьат данде ч1вазе

Гьударулеб г1амал те

Г1акълу дуда батани

Дица малъухъе йик1а

Г1акълу дуда батани

Дица малъухъе йик1а

Рос Бат1ияв ватани

Аск1о рекъезе гьаве

Гьекъолдухъан вахани

Гьелъиеги г1амал гьабе

Шагьрал нухал ч1ахъайги

Гьеб бихьуларел бихьинал

Руччабазухъ х1асралъун

Гьей г1адин тамахлъулел

Руччабазухъ х1асралъун

Гьей г1адин тамахлъулел

Сапаралъ унеб къоялъ

Къвал-бак1 къочун т1овит1е

Тlад вусарав мехалъги

Гьабгу жо такрар гьабе

Даим гьедин хут1айги

Халатаб г1умро кьейги

Дур вокьулевги мунги

Цоцазе хиралъайги

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Желаю Тебе (Аварская)" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен