ГлавнаяИсполнителиМагомед-Тамир СиндиковЦо мискин
название:

Цо мискин


автор:

Магомед-Тамир Синдиков


рейтинг: ★★★★★ / 5.4 / 1386 просмотров
Вук1ун вуго цо мискин
Цо ц1ц1еялъул бет1ергьан
Цо гъвет1алъул ахихъан
Цо ханжар-ярагъ бугев
Талих1 къосарав гьасул
Цох1о талих1 бук1ана
Цо рак1алъе йокьарай
Яс щвезе бугеб мурад
Хьулхьудулев тана вас
Ясалъ к1иго лъаг1елалъ
Лъабабилелъ кьибилалъ
Кьуна гьай цойгидасе
Цойгидав бечедасе
Чахъаби г1емерасе
Г1арцул чванта ц1урасе
Г1и-боц1и г1емерасе
Хасел ана их щвана
Их ана рии щвана
Т1егьач1о васасул гъвет1
Даим тана рохелалъ
Г1ищкъу ккаралъ гуро къвал
Къварилъиялъ жемана
Ццин бахъарав мискинас
Къват1и бахъана ханжар
Хъуна лъарги ккун дег1ен
Къот1ана цо бугеб гъвет1
Гьет1-гьет1араб гъвет1алъул
Къот1ун пандур гьабуна
Гьелда даг1нил бакьалъул
Бахъун к1иго ч1ва бана
Ч1ваялда килищ к1ут1ун
Агьан х1ухьел угьана
Аман дир къисматилан
Къваридаб кеч1 ах1ана
Гьедин бижун раг1ула
Т1оцебе маг1арул кеч1

Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте
А как ты думаешь, о чем песня "Цо мискин" ?
2010-2020 © WebKind.Ru Тексты песен